КИДАГО УММАТАН АХӀУЛА ДУЦА

—

от автора

в

БИСМИЛЛАГЬИ РРАХӀМАНИ РРАХӀИМ

КИДАГО УММАТАН АХӀУЛА ДУЦА

Хирияв дур Расул дов АхӀмадида

Даим гьабе салат умматалдасан Эсул агьлуялде асхӀабзабазде Аллагь, щвезе гьабе бергьараб свалат.

БакъигӀалде щолеб, щобда чӀвалеб бакъ, Щиб рохел босараб Расуласдасан? Сардие нур кьолеб кьер берцинаб моцӀ, Цкте дие хабар хирияс кьураб.

КьогӀаб дунялалда духъ угьдилаго,

Ана дир хасалил хириял сардал.

Хирияб мун бокьун рокьиги хӀехьон, ХӀалтӀуда тӀамила анцӀила цо моцӀ.

Агь хирияб рабигӀ, рохалил шагьру, Щварабищ берзул мур берцинаб бадру Бице умматалда АхӀмадил хабар Хиралъи бикьизе кьунин ихтияр.

Тоге шапагӀалъи щвечӀого инсан Эв дур ХӀабибасде махӀабат бугел, Бихьизе гьабея берцинаб гьумер, Балагьун гӀорцӀизе гӀазизал васал.

ГӀазизасул бугеб рухӀанияб хут Хекко биччай тӀаДе тӀулал рухӀизе, РухӀалъул эб тӀагӀам тӀубараб файиз ПартӀун тӀея тӀаде гӀоритӀизе ниж.

ТӀагьа вокъиялъул бокьараб кьвари Бикьея рукьбазе рокьи цӀикӀкӀине.

ЦӀар берцин гьавураб анцӀила кӀийилъ КӀвараб рахӀмат бикье кьваризе керен.

Канлъи бикьулеб бакъ баккулел къоял Къалъи нижеда чӀвай чӀалгӀен буссине. ЧӀегӀерлъи тӀагӀине тӀатулеб бадру БитӀе тӀубараб нур нижги тӀегьазе.

ТӀагьа Равзаялда доб Мадиналда Дун Дагьистаналда хӀасраталъ холев. ХӀабиб хӀарамалда доб Мадиналда,

Дун мугӀрул щобазда шавкъалъ мехтулев.

Дуца хӀетӀе чӀечӀеб чӀегӀераб ватӀан ЧӀалгӀун буго дида дуде балагьун Дур рухӀ рештӀунареб тӀун аяб росу Расги бокьуларин рокьи дуде ккун.

Дун нечон чапула черхалъул дир рухӀ Дий гӀоло Бичасда цеве мун чӀейдал. ЧӀунтун, турун уна таллагьи дир ракӀ Кидаго умматан ахӀидал дуца.

Дурго напсалдаса ниж тӀаса рищун ТӀагьа, дуца цӀала цӀакъаб захӀмалъи ЦӀаялдаса гьаб халкъ хвасар гьабизе Гьабун тола кумек кидаго дуца.

КинабгӀаги гӀалам гӀарасаталда ГӀарзалъ дуде щола шапагӀат гьарун Гьенир анбияаз эл мурсалиназ Уммат рехун тола напсиян абун.

Адам нижер эмен, эбел ХӀаваги АхӀмадихъ балагьун угьдизе лъугьа.

Агь дур кумекилан кинавго инсан Гьенир ХӀабибасухъ хӀасрат рукӀуна.

Рос-лъади лъималги эбел-эменги Гьенир цоцаздаса лъутизе лъуна.

Лъилго кумек гьечӀеб къваридаб къоялъ КъваригӀунев дуде дунги вуссина.

Салат гӀемер битӀун гӀазиз мун вокьун,

Дур суннат теларо сабру гъабила.

Гьанже гьаб гьидаят дудасан дие Даим гьабейилан гьарун кӀалъала.

КӀоларин хӀехьезе бухӀараб цӀаян ЦӀуне Аллагьилан угьун абила.

АхӀмадий гӀололъун ахираб хӀухьел Иманалда ине тӀалаб гьабила.

АхӀмадан Аллагьас ахӀидал дуда Дир хӀамдалъул къатӀрат къотӀана къватӀиб. Къадирас рехседал гьадиян абун Хиралъи бицине бакӀ дир хутӀичӀо.

Халкъалъ цӀакъ рицуна дур мугӀжизатал Дуни гӀажизлъула къаламалъ хъвазе. ГӀадамал цӀалдола цӀодорлъи бицун, ЦӀорола дирни мацӀ цӀар дур рехсезе.

Беразул балагьи бакъул чӀораца ЧӀезе гьабун толин тамаша гьечӀищ? Гьабуни матӀудал тӀубараб канлъи Кинго балагьизе гьунар гӀоларо.

Гьесул хабаралда Халикъ гурони Хадув гӀунтӀулев чи гӀаданцин гьечӀин. ГӀалам ургъаниги эсул хӀакъалъулъ ХӀакъикъат лъалареб Аллагь гуресда.

АхӀмадни кӀалъала жиндирго бицун Живги нуж гӀадинав гӀадан вугилан. ГӀазизас абула умматалдаго Аллагьас вижарав лагь дунгийилан.

Дие кьечӀебани кьучӀаб нубуват Лъалароан къадру къавмалда жаниб Къадирас рисалат рештӀинчӀебани, Рехсей халикъаталъ хекко телаан.

Тамаша, гӀаламат гӀелмудул къуват Къадру бокьаразе бекьараб маргъал. Балагье берцинлъи бицунеб рагӀул Бицен цӀикӀкӀаразе цӀан кьураб жавгьар.

Жавабал гьуинав нижер гьадият Гьидаят гьареги гьардарас уммат Аллагъас нижее битӀараб сайгьат Свалат даимлъаги дуда Бичасул

Дуни хӀайранлъула хӀисаб гьабуни Гьебни уяб бугин аб кинаб хӀалтӀи ТӀагьа бакъдав чӀани чӀоларин рагӀад РетӀараб ратӀлилцин бицея хӀикмат.

ХӀабиб башарилан бицен гьабулин Гьес гьекъолеб-кунеб кибеха унеб? Кидаго ракьалъе кьоларин хӀажат ХӀакъикъат лъалевас лъея гӀаламат.

Лъайгин хиралъаби халкъалъ росизе Сурат гьабун буго гьардарав Бичас Гьидаят бикьизе ракьде битӀараб ТӀубараб нур буто тӀагьаян абун.

ТӀулазда кор лъураз канлъи босулеб Берцннаб бакъ буго къалъуде щвараб Шарапат щолезул щобазда чӀвалеб ЧӀухӀараб моцӀ буго цӀваки цӀикӀкӀараб.

Каранда цӀа бугез бакея фонар Батулил инсуде салатги битӀун ТӀулада кор лъураз лъея канлъуе Каримасде салат сардида вахъун.

Сородулел лугбаз баи тея суннат СагӀиралъул кьвари кьурун бахъизе БухӀараб хӀухьелалъ ХӀабибан ахӀе АхӀмадил доб хӀавуз хӀухъ бан гьекъезе.

Дир чорокаб черхалъ, гӀасияб мацӀалъ ГӀайибни бугоан дур цӀар рехсезе. ЦӀаялъе хӀакълъараб хӀакъираб хӀалалъ КӀалъай дур гьабизе гьечӀоан рухса.

Рохелалъ дур рагьу рагьараб къоялъ Гьарун вачӀарав дун чӀвагея нахъе. ЧӀового гъардухъан унарел сардаз Дуе щварав пакъир къварид гьавуге.

Къадру бугеб мадихӀ хӀалаеги чӀун ХӀабиб дунги ахӀе доб ХӀарамалде Дур рехсей гьабизе гьунар дийги кьун Гьоболлъи дий гьабе доб Равзаялда.

Дуе рокьаразе бикьулеб рахӀмат Расул, диеги кье гьоркьов течӀого Кьибил ахӀулаго доб БакъигӀалде Дунги ахӀе, АхӀмад, дуда бер чӀвазе.

Дунял бижилелде дур нурги бижун Дуе къимат кьуна къадирав Бичас. Къудраталъул квералъ канлъиги борцун, Рокьи дулъ гьабуна гьардарав Бичас.

Хиралъи тӀокӀлъизе тӀагьаян абун, ТӀубараб куцалда камил гьавуна. Кинабго даража дандеги гьабун,

Дуда цӀар ахӀана АхӀмадан абун.

Цо къоялъ Расулас Жабраиласда Дир гӀумру бицеян кӀалъай гьабуна. КӀоларин бицине баян дуй кьезе Дида лъаларилан лъай гьабун тана.

Лъалеб жо бицинин цо дудайилан Цинги Жабраилас жаваб гьабуна Гьениб хӀасраталда ХӀабибасдехун РухӀуллагь кӀалъана рахӀат гьавизе.

Лъабкъоялда анцӀго азар сонги ун, Хадуб жиб баккулеб цо хирияб цӀва Дида гьеб бихьана, хирияв Расул, Лъабкъоялда анцӀго азарго нухалъ.

Хирияв авараг эсий гведана Гьеб нуранияб цӀва жив вугин абун. Умматалъе лъикӀлъи бакӀарулаго Баккизе кватӀараб кибритул ахӀрам.

Кинабго даража дир умматалъе Дица тезе гьечӀин гьезий гцвечӀого. Щавкъалъ диде холел хадурги гьарун, Хираб алжаналде дун ине вугин.

Унеб къваридаб къоялъ Къадирасдехун Дун гьардезе вугин гьезул хӀакъалъулъ. Гьабе дий дур къотӀи тӀубазабилин ТӀадегӀанасдаса тӀалаб гьабила.

Балагьея, уммат, эсул баракат Кидаго нужее щолеб шапагӀат.

Хал. гьабун бихьея нуралъул хӀуби Нилъеда гӀумрудул гӀадад лъалареб.

Лъея каранда цӀа кинабго халкъалъ Хириясде свалат гӀемераб битӀун. БухӀизе гьабе тӀул тӀолго жамагӀат, ГӀазизасде салам соролаго кьун.

Цинги гьеб нуралъул зарра гьабуна Зоб-ракь бижилалде бижун цебегин. Жиндир сипаталъул РахӀман РахӀимас РахӀматал щван тана эв ШапигӀасде.

Щибго инсан гьечӀеб гьеб гӀаламалда ГӀазизас ххун тана хирияб халгӀат Хиралъи цӀикӀкӀине цӀакъ берцинлъизе БотӀрода тӀад лъуна тӀокӀаб вилият.

ТӀубан къадру лъазе къавмалда жаниб Къудусалъ къачӀана чӀухӀи бихьизе.

Ч Ӏезе гьабун тана гьесий нубуват Нуранияб зарра загьир гьабизе.

Зинат хӀусуллъила эв ХӀабибасе ВахӀиралъ хӀалги кьун хӀикмат бихьизе. Бахьинаб рисалат босана тӀаде ТӀагьа тӀолгоязул тӀокӀавлъи лъазе.

Лъун тана эсда цӀар Расулин абун Аллагьас цӀобги лъун цӀикӀун гвангьизе. ЦӀехана халикъас эв даражаялда Мананна ваанта АхӀмадан абун.

Эс жаваб гьабуна БетӀергьанасе Анта къагьарилан анна гӀабдилан ГӀажизлъи цӀикӀкӀарав цӀакъго язихъав ЦӀобалде хӀажатав хӀакъирлъи тӀокӀав.

ТӀолго дур цӀобалде цӀакъ балагьарав Бигьаяб нухалде хекко вортулев Бергьарав бетӀергьан мун Къагьар вуго Къавмалда гурхӀулев хӀалимлъи тӀокӀав.

ТӀолго умматалъул ругел мунагьал РахӀматалъул ралъдалъ тӀерхьинарулев Кинабгоги бахъун хиралъиги кьун, Хирияб дир уммат хвасар гьабулев.

Гьесул жавабалда цӀакъго разилъун Рохалил таж лъуна хиралъи лъазе. Халкъалъ дун разилъи тӀалаб гьабулин ТӀагьа мун разилъи дие бокытлин.

Вокьулев дир гьудул гьечӀин мун гӀадав ГӀалам дуе гӀоло жинца бижанин.

Дир ХӀабиб мунлъидал дуда ракӀ лъурав ЛъикӀаб Алжаналде дица витӀулин.

ТӀагӀат гьабуниги мун вокьуларев, Боркьараб цӀадаве дица рехилин. Хиралъи бикьизе ракьде витӀарав ТӀагьа гьав вугелъул лъикӀго угьдизин.

Асухъ рокьи гьабун рукьбалги роркьун, Кьваризе гьабизин гьанже гьаб мажлис. Гьесде салат битӀун тӀулада кор лъун Киналго гӀодизин гӀазизан ахӀун.

АхӀмад, дур шапагӀат щвечӀони нижей, Жагьанам хӀакълъулин гурхӀаян абе. РахӀматдьун витӀарав, хирияв Расул Рази гьаре дуца доб махӀшаралда.

Дурго кавсаралде киналго рачун Чучизе гьабе ракӀ, рухӀалъул эмен. АхӀмадан угьулеб бухӀараб хӀухьел Босе, свалихӀинал, ХӀабибасухъе.

ХӀасраталъ чвахулеб хИрияб магӀу Мадина цӀунизе цӀад гӀадин чвахе. Чбрхол рухӀ вукъараб къиматаб БакъигӀ КъабругӀаги щваги шапагӀат щвезе.

ШапигӀ жаниб чӀолеб чӀухӀараб Равза Раче, Аллагь, дуца элда бер чӀвазе. Гьардарав Бичас рижана бокьун Берцинаб эб зара загьирги гьабун.

Гьабуна тарбия тана эв АхӀмад Жиндего бокьухъе анкьго макъан кьун Къурбангин махӀабат, хӀаяъгин ражаъ ХӀатта мушагьадат хадуб хавпалда.

Хираго хьихьана эсул эб зарра Анлънусазар соналъ эл макъабазда.

Къурбат гьабун тана бокьухъе Бичас Бокьараб босизе рес жшщеги кьун.

Босана Расулас нурул вилаят Цинги нубуватгин хадуб рисалат.

Хаслъана эв ХӀабиб инхӀазаталда ХӀакъикъат босизе бухӀтунаталъул.

БукӀинчӀо гьоркьоб жо гьеб къурбаталда Къадир гурев инсан эсда кӀалъазе. КӀвеларин хӀакъикъат хӀакълъун босизе Биценгьаби гуреб гаргар гьабизе.

Аллагьас асмаалъ лъазеги гьабун Зарра чӀезабуна нуралъул рукъоб. Къадирасул къуват тажалий лъугьун Лъугьана эв ХӀабиб хӀайранлъун ине.

ХӀаяъ жиндир цӀикӀкӀун цӀад гӀадин гӀетӀул ТӀираби тӀинкӀизе ТӀагьал тӀатана.

ТӀолго гӀалам бижун гӀетӀалъул къатӀра КъотӀичӀо, тӀагӀинчӀо тӀокӀаб вилаят.

Нубуват, рисалат сукӀун нахъе лъун, Нилъеда хиралъи эсул щиб лъалеб?

Щиб къадар нуралъул нилъеде тӀураб ТӀагьал къадру цӀехон хас гьабун тана.

Халикъ Аллагьасда асул бицине.

Инсанасул къуватлсьалмил хӀалкӀолъи ХӀайранлъун хутӀана хиралъи хъвазе. Аллагьас эв Расул сверизавуна

РикӀкӀине кӀолареб гӀаламалда тӀад ГӀелму умматалъе эс бакӀарана Бихьарабщинаб жо щибго течӀого ШагӀрани кӀалъала кӀолеб бицине.

Анкьазарго калам гӀазизас тараб Гьадиюнил хавас хасго кӀалъана Нусазарида цо кӀикъоанцӀазар Аллагьас Авараг ххира гьавураб.

Хириял гӀаламал жинда лъалилан.

Гьеб гӀаламалда тӀад тӀолго лъикӀлъаби ТӀагьаяс росана тӀолалго нахъе ТӀолго умматалъе эл рикьнзеян.

Расул къачӀадана къватӀив лъугьине, Къадру жиндир кӀудай Аминатиде Ургьиве лъугьине эв балагьана Гьардарав Аллагьас эв тӀовитӀизе.

ТӀолго майлакзаби загьир гьаруна Гьезул къукъаялъул гӀадат букӀана КӀикъоялда анцӀил цо азар къукъа Щибаб къукъаялъул майлак вукӀана.

КӀикъоялда анцӀила цо азар майлак Щивасухъе Бичас рахӀматал кьуна. КӀикъоялда анцӀил цо азар рахӀмат Расулас эб макъам къабул гьабичӀо.

Гьезул кверщел жинда кодоб щвечӀого Кинабго эб рахӀмат эсухъе кьуна. Умматалъе кьезе бокьараб мехалъ Баркат бугеб квералъ канлъи бикьула.

Кинавго чиясе нахъе течӀого Тана капуралцин кверщел кьуниги Кепалда хӀалтӀизе дунялалда тӀад ТӀагьаяс гьаричӀо гьел гьалаг гьари Гьев рахӀматлъун Бичас витӀун вугелъул ТӀаса бищана гьес Бичасе лагълъи БетӀергьан гуресде балагьичӀого.

Гьабуна гӀибадат гӀемерго цӀикӀун ЦӀар АхӀмадан абун ахӀананиги.

Эс босичӀо ханлъи халкъалда жаниб Дунял даимлъулеб дир рукъ гурилан. Аллагьас ихтияр эсухъе кьуна Эб ахираталда ханлъи гьабизе.

Гьая гьанже уммат эс нилъ цӀехедал ЦӀа лъезин каранда Каримги рехсон.

Кумек нилъей щведал щивавго инсан Эсдехун руссинин салатги битӀун.

ТӀагьа ургьив хгндал эл рахӀматалгин РахӀим къватӀив лъвиндал лъугьунеб щибдай Щведал кӀудияб лъикӀлъи лъиего эсул Ургьисан вачӀиндал чӀезабе гурхӀел.

Киналго ракьалда щакъилъун лъугьун Лъугьана гьотӀул чӀел Тагьа рехсезе. ТӀубаларо къадру къимат бицине Къадир гурев инсан нахъ гӀунтӀуларев. ГӀамал ургъаниги эсул хиралъи Халкъалда лъаларо халикъ гуресда. Дунялалъул канлъи, кунеб, ретӀунеб Кинабго эс кьечӀеб ракьалда гьечӀо.

Гьесул рухӀанияб къуваталдасан Къадирас бищана берцинаб щинаб.

Щибаб хазинадул хириял кӀулал КӀутӀун эс Расулас рагьизе бокьун Бикьизе бокьухъе ихтиярги кьун,

Аллагьас витӀана тӀагьа ракьалде. Кьуниги ихтияр эс гьабуларо,

Аллагьасул амру гьечӀеб гцибго жо.

Гьес гьава-напсалъул мурад рехула, Хирияб заталде балагьун чӀола.

Башарил тӀабгӀал туризе гьарун ТӀагьаяс босула берцинабщинаб. Берцинлъи бицине кин бажарулеб Кайфият Юсупил эс кьураблъидал.

Кьер гьаналъул лъикӀлъи лъица рехсолеб Хирияб бакъул нур эсдасанлъидал.

Лъида релълъунилан эсда абилеб Бадруялъе кьедал нуралъул къатӀра. КъотӀи гьечӀо гьесул мугӀжизабазул ГӀемерал рицуна къавмалда жанир. Къадру тӀагьаясул тӀубаларо эв ТӀадегӀанав Бичас бицун гурони.

Бицен гьабулесул гьунар гӀоларо ГӀадан эв вугилан аби гурони.

Эсул псму буго алжаналда бакъ,

Элъ канлъи бикьула кинабго рокъоб. Кунеб ретӀунелда тӀагьал цӀар хъвала, ЦӀакъаб лазат тӀагӀам тӀубан букӀине. ТӀагьа чӀолеб маъя магӀданлъун ккола МагӀнавияб хуталъ халкъ хиралъизе. Хиралъи Расулас гьенисан кьола Гъидаят щваразе щарафаталъе.

Гьесул варасатаз босула тӀокӀлъи, ТӀарикъат хӀалтӀидал ХӀабиб разилъун. Руссана эсухъе унир агьлулагь Эсул субхӀаталде балагьун чӀезе. ЧӀалгӀуна дир керен ккелародаян Эсул мажлисалде эб алжаналде.

Угьдула гьинал ракӀ гьезухъ гӀашикълъун Щвелародай дие шапагӀатилан.

Щведал къалбуялъе кутакаб кумек

АсхӀабул кагьфул тун кибго инчӀелъул, Иншааллагь дирги дов АхӀмадиде АхӀи тӀамуларел инаро къоял.

Эсде салат битӀун тӀул-ракӀ бухӀичӀеб Биччаларо сагӀат сордо-къоялда.

Гьев ХӀабиб вокьулев умматалъул чи Аллагь, эсул мурад дуца гьабун те. Гьесда асхӀабзаби, агьлу байталда Данде гьаре, Аллагь, ахираталда.

Эсул эл ихванал анбияалгун Унеб махӀшаралда хӀисаб гьабун те. Гьел мурсалиназул улул гӀазмазул Аллагь, нижей кумек камизе тоге. Кинабго бокьараб ракьалдаги кьун, РитӀе Аллагь дуца ниж алжаналде.

Дур гӀапву гӀатӀидав бетӀергьанлъидал ТӀаса лъугьа, Аллагь, мунагьаздаса.

Гьеб къваридаб къоялъ доб хӀавузалде ХӀалим, дуца ахӀе АхӀмадил уммат. Унел кавсаралде киналго рачун Керен гӀатӀид гьабе, гӀазизав Аллагь Гьелъухъ гӀин тӀамурал, цӀаларалщинал ЦӀуне цӀаялдаса дуца, БетӀергьан.

Гьаб гьабурав дунги гьалмагъзабиги Гьаре данделъизе дов АхӀмадида.

Эсул мавлид гьабун садакъа кьурал Сидикъида цадахъ рахъине гьаре.

Гьесде рокьи бугел кьерилал васал Расулгин данделъун роххизе гьаре. Хирияв дур Расул дов АхӀмадида Даим гьабе салат умматалдасан.

Эсул агьлуялде, асхӀабзабазде Аллагь, гцвезе гьабе бергьараб салат.


Комментарии

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *